Nothing Special   »   [go: up one dir, main page]

Перейти к содержанию

Гьупаял

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гьупаязул территория
Гьупаязул къавмалъул хІамам
«Шугар-Болалда накІкІ лъураб рогьел». Фотографчи Эдвард Кёртис

Гьупа яги натинихве, (Hupa, Hoopa, Natinixwe) — индейцазул къавм, Калифорнияялъул шамалиябгин бакътІерхьула рахъалда бугеб. Къавмалъул расмиго регистрация гьабураб цІар буго Гьупа расалъиялъул къавм абун (инг. Hoopa Valley Tribe). 2000 соналъул рикІкІиналъул баяназда рекъон, гьупаязул къадар буго гІага-шагарго 2500 чи.

Гьупаязул мацІ ккола атабаскск мацІазулаб хъизаналде. Цо-цо гьупаяз кІиабилеб мацІ хІисабалда хІалтІизабула юрок мацІ.

XIX гІасруялда гьупаязул букІана Калифорниялда Тринити гІоралдаса Кламат гІоралде щвезегІан ракьал. Гьупаязул къавмалъул биценазда рекъон, гьезул умумуз Гьупа расалъиялда гІумру гьабун букІун буго 4000 соналъ. Цогидаб рахъалъ, гьезул маданияталъул сипатаб багІараб кедралъул рукъзабаз, руцІун гьарурал каноэяз, хьухьун гьарурал тІагъраз, бицадул гІадатазул элементаз гьел хухрхинарулел руго АЦШ-зул шамалиябгин бакътІерхьул ралъдал рагІаллъиялъул маданияталгун, жидер бищун жанубияллъун гьел кколел. Цо-цо гІадатазул бачІин буго гІодоцараб океаналъулаб гуреб — мисалалъе, церемониязда кІи-кІиязулаб хІамам хІалтІизаюи, гІегІучазул чед гьаби.

1849 соналъ гьупаяз гІумру гьабун бугеб мухъалде месед бахъулел чагІи рачІинегІан, гьезул европаязулалгу хурхенал рукІана дагьал[1]. 1864 соналъ АЦШ-язул хІукуматалъ гъолбасана гьупаязул къавмалъул жилерго ракьалда тІад суверенитет рикІкІараб къотІи-къай. ГІуцІана Гьупа расалъиялъул Индейязулаб резервация, гьениб жакъаги буго гьупаязул къавмалъ гІумру гьабулеб. Гьупаяхул резервация гІурхъилъулеб буго юрок къавмалъул территориягун Кламат ва Тринити гІорал цолъулеб бакІалда (Калифорния штаталъул Гумбольдталда). Резервациялъул гІатІилъи буго 365 413 км².

  1. ^ Pritzker 126
  • Cook, Sherburne F. 1956. «The Aboriginal Population of the North Coast of California». Anthropological Records 16:81-130. University of California, Berkeley.
  • Cook, Sherburne F. 1976. The Conflict between the California Indian and White Civilization. University of California Press, Berkeley.
  • Goddard, Pliny E. 1903. «Life and Culture of the Hupa». University of California Publications in American Archaeology and Ethnology 1:1-88.
  • Kroeber, A. L. 1925. Handbook of the Indians of California. Bureau of American Ethnology Bulletin No. 78. Washington, D.C.
  • Wallace, William J. 1978. «Hupa, Chilula, and Whilkut». In California, edited by Robert F. Heizer, pp. 91-98. Handbook of North American Indians, William C. Sturtevant, general editor, vol. 8. Smithsonian Institution, Washington, D.C.
  • U.S. Census Bureau, Hoopa Valley Reservation